26.04.2024

ЦУНЕ ЦОДОР АДАБАЛ

 Эбел инсул адабал воре цуне дир цодор,
Дургоги льималац1а ,мунго к1одо гьавизе,
Ч1ах1иязул х1урматги ,х1алк1ун гьабе дир гьит1ич
Мунго херльараб къояль,къот1ноб дуда данд ч1вайзе.

Мунго г1адал льимазе мисалиявльун вук1а,
ЛЬимерльияль  льай  дуда ,ях1 щулаго кколебин
Дуегобокьулареб чидаеги гьабуге ,
Чидар чодеги вахун ,чанасдизе льугьунге.

Дудаса мукъсаназда кьилли ч1ван мун хьвадуге
ХЬулазул таргьа багьун,тар-тала хут1улевин
Т1адиг1анас т1ад льурал ,фарзазуль мукъсанльуге
Мунго г1адазда гьоркьоб ,къимат г1одоб кколебин.

Бат1инияб рахъальул т1ино бац1адго цуне,
Т1адиг1анасул ц1обаль ,мунго к1одо гьавизе,
К1удиял чаг1азульги ,г1амал рекъезе гьабе,
Бач1ина г1агардайин,воре дуда к1очонге.

Г1адан ч1валеб льамальи ,г1аракъи бук1инги льай,
ГЬельулго гьалмагъ илбис ,тущман бук1ин к1очонге,
ГЬеб к1иябго данльараб къавмальул мун ккогеги,
КЪвак1арав иман бугев ,мюридльун мун вахъаги.

Воре-воре дир цодор,цец1а вух1изе ч1ч1оге,
Дуй эбел инсул х1ат1икь,къач1ан алжан бугебин,
Х1алихьатал щиналде мугъ кьезе г1амал гьабе,
Мунго дурго нафсалье .мут1иг1авльун вук1унге.

К1удияб гьаб ракьалда,воре ч1ух1ун хьвадуге.
ХЬулазул чоде вахун ,чанавеги вахъунге,
Г1инда нахъе к1алги щун щиб-щиб бицун к1альаге.
К1алдиб бач1араб щинаб ,бич1ун г1одоб рехуге.

Г1адлу –диван ,г1рхъи льай, г1орхъода вук1ине льай,
Г1урул раг1алде щведал ,г1умруялде мун ургъе,
Угьун х1охьелги биччан ,дурго рек1елье вакке,
Рек1ел т1иноги рагьун,т1аде гъоркье валагье.

Бугищан бихье г1узру,г1олищан бихье сабру,
Рек1ел х1узур цунизе,цунищан бихье х1авуз,
Бичун босе щолареб ,щивасда т1адаб бугеб,
Т1арикъатальул доб ицц ,чвахизе биччай рек1ель.

К1удиясул адабал АЛЛАГЬАСУЛ т1ад къаял ,
Рек1ель цуне дир льимал ,дир васигат гьеб нужей


ДИР УСТАР

ОГЬ  Берцинлъи берцинлъи бац1адаб исламалъул
ОГЬ гьайбалъи гьайбалъи  гьелда ч1араб нуралъул
ОГЬ гьуинлъи гьуинлъи гьелде чвахулеб иццул
ОГЬ щулалъи щулалъи гьеб ккураб кьибилалъул

Дагъистаналда жаниб Алжаналъул гъвет1 буго
Гьеб гъот1ол г1аркьелалда меседил т1амхал руго
Т1ад бижараб пихъалда т1аг1амаб тату буго
Тамашаяб нур бараб баркаталъул гъвет1 буго

ГЪот1ол кьалбазда гъоркьан чвахулеб цо ицц буго
АЛЖАНАЛЪУЛ х1авзалъул файизалъул лъим буго
Г1урухъе жиб жубалеб рак1азулъе чвахулеб
Чара хварал щиназул рек1ел т1ино бац1унеб

КЪуранул Аят г1адав г1аднуялъул нур г1адав
Г!елмудул ралъад г1адав дир Ч!ик1аса К!удияв
К!ул кьурун рак1 рагьулев рек1ел т1ино къач1алев
КЪуватаб макъамалъул дир Ч!ик1аса К!удияв

Дунял г1алам урхъарав АВАРАГАСУЛ\с т г1 с\ ВАРИС
Амру нагью т1убалев т1арикъаталъул МЮРШИД
Маг1навияб раг1одул гъваридаб г1елмуялъул
Г!елму т1арикъ берцинав дир Ч!ик1аса К!УДИЯВ

Дуе рец гьабун хъвайзе хъах1аб т1амач г1еларо
Хъвайзеян лъугьаниги щакъи къалам г1еларо
Жиналги инсаналги дуда хадур лъуниги
Дур макъамалда хадур АЛЛАГЬ гурев гъоларо

Г!асрудул авалалда АЛЛАГЬАС нилъей кьурав
ГЬаб къарнуялда жанив ЖАББАРАС т1ок1 гьавурав
Т!арикъалъул т1оразул т1ок1лъи нилъей бикьулев
Марх1абая марх1аба САЙИД Х!АЖИ марх1аба

Ракьалда т1ад нур бараб ИКЪЛИМАЛЪУЛ Ц!ВАГИ МУН
Ц!орон хварал рак1азул рек1елав тохтурги мун
Бат1инияб рахъалъул рух1ияв ЭМЕНГИ МУН
Рух1алдаса хирияв халкъалъул САЙИДГИ МУН

Дур сахлъи щулалъаги щафаг1ат нижей щваги
Т!арикъалъул т1ораца т1олго дуниял цеги
ДУР баркат къот1угеги КЪУТ1БУЛ каву къагеги
Къуват ц1ик1к1араб т1арикъ т1адег1анас цунаги.


Ц1УНЕ МАГ1АРУЛАЛ ШАМИЛИЛ КЪАДРУ

Ц1уне маг1арулал ШАМИЛИЛ къадру,
КЪвак1арав ИМАМАС ирсалье тараб,
Тоге къадарльизе къадруяб намус,
Хирав мубаракас нахъе ц1унараб.

Рагъул кор боркьараб ,доб АХ1УЛ ГОХ1ДА,
Ах1улеб раг1ула ШАМИЛИЦА как,
Кор боркьараб рагъуль ,МЮРИДЗАБАЗУЛ,
КЬабг1улеб раг1ула ,хвалчадул гьаракь.

Хвел рак1алдаги ккун ,рух1 хъатикьги льун,
ЛЬуна ШАМИЛИЦА  цебехун гали,
АЛЛАГЬАСЕ г1оло гъазаватилан,
КЬолона ИМАМАС ч1ух1араб доб чу.

Воре МЮРИДЗАБИ къуркьугейилан,
КЪавукъана ШАМИЛ ТУЩМАНАСДА Т1АД,
Исламалье г1оло рух1 бичейилан,
ХЬваг1ана ИМАМАС чарамул хвалчен.

Чанги МЮРИДЗАБИ загьруял васал,
Муг1рузе чучана ,чильиги ц1унун,
Чанги руччабац1а чохтинир гъалал,
Г1уруе риччана ,къадроги цунун.

Пуланаб АХ1УЛ ГОХ1 ах1улеб доб как,
Огь раг1ине анищ ,ШАМИЛ цо дуда,
Дуца вагъулаго тарал сухъмахъал ,
Огь рихьизе анищ ,шагьра нух г1адал.

Г1одизе бегьула дол МЮРИДАЗУХЪ,
Муг1рузе чучарал ,чарамул гьезухъ,
Г1одизе бегьула дов ИМАМАСУХЪ,
Динальул бац1альи ,цунарав гьесухъ.

Дуца ях1 рехич1о ,рух1 босизег1ан,
Дин Ислам цунизе ,къолденльунги ч1ун,
Мун кинго къуркьич1о къвак1арав ШАМИЛ,
КЪоло щуго сональ,гъазават гьабун.

Чодул кьолониве кьуржун берцинав,
КЬурул хъитабазда,хъачиргъа г1адав,
Г1аднуяльул г1орхъи щулаго ккурав,
КАВКАЗАЛЬУЛ ИМАМ, нуральул чирахъ.

Чанги МЮРИДАСУЛ би г1одоб т1ураб ,
Т1упаяб ракьалде, гьабе зиярат,
Зодил х1урулг1иназ маг1ил г1ор т1ураб,
Доб АХ1УЛ ГОХ1АЛДЕ ,рещт1а о ваццал.

Бухье сапар ваццал доб АХ1УЛ ГОХ1ДЕ,
АХ1УЛ ГОХ1ДА ч1варал ГЪАЗИЗАБАХЪЕ,
Борче Маг1арулал ,чарамул хвалчен ,
Чанги гьеб бахъанин,хъурмазде данде


КАРАНЗУЛ ГАРЦАЗУЛ К1ИЧ1АЛГИ РИЧУН

Каранзул гарцазул к1ич1алги ричун,
К1удияб хвелальул х1исаб гьабизин,
Рек1ел унтабазул кавуги рагьун,
Ригьалдаго гьельул ,дарсал ц1ализин.

Пулан дур рукъальул к1алт1а эхетун,
К1удияб хвелальул хважаин вуго,
Вихьизе рокьукъав,рижин сурарав
Изно ц1ехоларев цо чапар вуго.


Чамасулдай чорхол хириял рух1ал,
Расги гурх1инч1огун гьес рахъун унел,
Унго чамасулдай х1асратал рак1ал,
ГЬес хадур ралагьун г1одила тола

Унтарал ва сахал гьес цехоларо,
ГЬит1инав к1удияв валагьуларо,
ЛЬик1авин квешавин бат1альи гьеч1о,
Бит1ун т1егьалаго,нахъа гьеб буго.

Дунялальул рукъгун къо льик1ги гьабун,
КЪокъуна мун мискин ахираталде,
Ахир гьеч1еб сапар ,сог1абги бухьун,
Уна мун ракьалде къур-кьудилагун.

КЬог1ав хвалил чапар ,нахъе ч1валаро,
Нахъе ч1вайзеян гьев,к1алт1е щоларо,
Щивасда нахъ бугеб ,фаризаяб хвель,
ГЬеб кьог1льи ч1амич1ев ,чи хут1уларо.

Чодул кьолониве мун к1анцаниги.
Кинидаги къа-къан ,щу-щун льуниги,
Шаг1ил хъабиниве ,мун вахчаниги,
вахчуларо г1адан   хвалдаса  инсан

Ва ЭБЕЛАН абун ,ах1и баниги,
Чохьол ЭБЕЛАЛЬУЛ дуй пайда гьеч1о,
Хвалил мехтелалда мун тохльун ккедал,
Хирал льималазул ,дуй кумек гьеч1о.

Каранзул куназде ,х1ал щвараб мехаль,
Х1алае рахъунел чи вук1унаро,
Чарамул черхальул ,чара бух1идал,
Чидар боц1иялда мун рег1уларо.

ГЬенисаги восун росонивги льун,
Мун чурулеб мехаль черхаль абула,
Абула гьель дуда гьадинаб раг1и,
ГЬанже вахъа т1аде ,к1олеб батани.

К1алдиб ,маг1арзухъа квас-квасги т1упун,
КЪВАЛАЛ ГЬЕЧ1ЕБ ГУРДЕ РЕТ1УНА ДУДА,
Рат1лида ч1ух1араб ,х1алч1ахъаяб черх,
Ч1ег1ераб молода къа-къала гьанже.

КЪоязухъ г1орцич1еб гъарим къар-къала,
КЪанал т1аде ч1вайдал ,ч1унтула гьанже.
Ч1ух1дае ракьалда хьвадарав гъарин,
Хобаль данде къайдал,Г1одула гьанже.

ГЬинал рак1 бежулеб ,маг1у т1униги,
Т1ок1аль гьаб сверуде,мун вусинаро,
Маг1ица дур бабал рак1 бежаниги,
Рек1ел т1егь гьельулги,нахъ бач1инаро.

Нахъияб рукъальул х1исабги гьабун ,
ГЬобол вач1иналде, гьабея тавбо,
ТАВАБУЛЬ РВАХ1ИМАС рух1 дуд льуральухъ,
Дунял бижарасе гьабея щукро

 

Сидрат Гамзатханова

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *